Статьи

Гайдарбекова Патимат Магомедовна
На этой странице вы можете найти статьи.

Скачать:


Предварительный просмотр:

 Умумуз ц1унарал лъик1ал г1адатал.

Лъараг1лъиялда г1умру гьабулей йигониги, рак1алдаса киданиги унаро дун гьаюраб, дун г1ураб г1агараб Гьоор росу. Замана анаг1ан г1ажаибаб г1ищкъугун цере т1амула умумул, гьезул рук1а – рахъин, г1адатал. Ц1акъ бокьула гьезул х1акъалъулъ хадуб г1олеб г1елалъе бицине.

Дун х1алт1улей йигеб Ленинкенталъул 35 абилеб гимназиялда к1удияб к1вар кьола г1олохъанаб г1елалъе умумузул лъик1ал г1адатазул кьуч1алда тарбия кьезе. Нижеца ц1алдохъабазе бицуна бертадул, лъимада ц1ар лъеялъул, рук1а- рахъиналъул, х1алт1и- ишалда хурхарал ваг ь. ц. г1адатазул. Гьелъ лъималазул рек1елъ бижизабула Ват1аналде рокьи, куцала ц1ик1к1арасде адаб- х1урмат, х1алт1уе сахваг1атлъи.

Жакъад рак1алъ ах1улей йиго дирго г1агараб росдал хвел- рукъиялда хурхун умумузул рук1арал, гьабсаг1атги ц1унун ругел г1адатазул бицине.

Дагъистаналъул киналго халкъазе, щибаб росдае хасиятаб буго къварилъи ккаразе х1алае рахъинги, х1алт1улъ кумек гьабун гвавулъ инги, рохел г1ахьал гьабизе инги.

Гьаадерил жамаг1аталъ бат1аго к1удияб к1вар кьола маг1ирокъоб гьабулеб х1алт1уе. Гьениб лъицаниги лъиданиги х1алт1и т1ад къаларо. Г1агарлъиялъул щивав чиясда лъала лъица щиб гьабизе кколебали.

Гьанже заманалда цо-цо росабалъ   баккун бугеб, бертаде г1адин столал т1ирит1улеб г1адат Гьоор росулъ бук1инч1о, гьабсаг1атги гьеч1о.

Чи хун лъабабилеб къоялъ хъола ресалда рекъараб х1айван ва гьан белъуна. Гьеб къоялда абула «лъабрай» абун. Бакъанида зикруялде рач1арал бихьиназеги гьеб гьан бащад гьабун, чедгун цадахъ бикьула. Г1одор ч1араб бак1алдаго кваназе щаг1ил дугълузухъеги т1ун кьола гьаг1оги. Дугълулги ккола жамаг1аталъул г1аммаб ц1араг1. Ц1унунгирук1уна росдал мажгиталда. Гьан белъуна росдал к1удиял хьагазухъеги бан. Гьелъул х1алт1иги гьабула бихьиназ.

Ункъабилеб къоялъул хаслъилъун ккола гьи (мугь) бай. Гьи балеб къоялъ г1емерисел руччабаз жидерги садакъаян бач1уна цояз ц1оросаролъ, цогидаз баг1аргьоло, ролъ. Гьебги белъуна долго к1удиял росдал хьагахъ, къват1иб ц1улал ц1аги бакун. Бакъанида зикруялдаса хадуб, чедгун цадахъ гьебги бикьула.

К1удияб ч1ух1игун абила хвел – рукъиялъул жидерго г1адатги хаслъиги гьаадерица росулъ гуребги, шагьаралдаги лъараг1лъиялдаги ц1унун бугилан. Амма цого – цо к1очон толеб жо буго умумузул къаг1идаялъ чед бежи.

Мадугьалихъ бугеб Къах1иб росулъа дир кьерилаз гьабсаг1атги  рак1алде щвезабула гьаадерил чадил т1аг1амалъул. Зигараялъги ун, Гьоориса эбел т1ад юссиндал, т1оцере жал чед бугищали балагьулаанила бицуна гьез.

Чед бежилалде к1иго къоялъ цебе гьабула реччеб (опара). Гьелъиеги дрожж х1алт1изе гьабуларо. Ролъ буцизе бук1ине ккола к1иго бут1а  ханждал ва цо бут1а г1ат1ал( ц1оросаролъул ханждал). Метер чед бежизе ролъги буцула къасиго. Ч1ах1иял ххамил къандалъабазда жанибги лъун т1упун тола беччизе. Бежула корохъ гуреб, къват1иб ц1аги бакун, ганч1ил къаназда.

Инсул васигат т1убазе 2015 соналъ нижер хъизамалъ гьединаб чед бежун бук1ана садакъаде бикьизе. Унго- унголъунги харабаз гьеб кваналеб бук1ана херлъи нахъ ч1валеб дару г1адин. Чанги г1олилазе гьеб бук1ана жеги мац1алде щун бук1инч1еб гьуинаб т1аг1ам. Гьединаб чед анкьалъ таниги холаро. Печалъул коронибги лъун хинлъизабуни, ц1игьабураб г1адин лъугьуна.

Маг1ирокъор кванаялдаги гьениб бикьулеб садакъаялдаги хурхун бат1и- бат1иял ваг1забиги бах1салги рук1уна гьанже заманалъ. Цебе бук1араб умумузул г1адатги ц1унун, гьабсаг1атги г1агарлъиялъул руччаби маг1ирокъоре уна бат1и – бат1ияб квенги босун. Бач1а- бач1араб квен ирга гьабун киназего бикьула. Т1оцебе бисмилла гьабула рукъалъул бищун ц1ик1к1арас.

Радал хабадаса кьулгьуги гьабун рач1унел бихьинал кваназе жидерго рокъоре рачуна инсухъа г1агарлъиялъул чияс; г1аданлъи гьабизе бокьани, бокьарав чиясги. Гьедин гьабизе бокьарав чи цо къоялъ чанго ккани, гьез х1укму гьабула хадусел къояз ах1изе.

Хварав чи вукъулеб къоялъ росулъ ругелаздаса т1аде рач1арал росуцоял ц1ик1к1ун рук1уна. Гьединлъидал маг1ирокъоб квен гьабизе рекъараб гьеч1илан абуниги, чурпаги чедги камун гьелги толаро.

Умумузул г1адатал ц1унизеги, гьел ц1унун хьвадизеги гьаадерил жамаг1аталъеги т1ого дагъистаниязеги талих1 кьеги. Кьураб садакъа рух1алъе щун хваралги ратеги.

Х1айдарбегова Пат1имат Мух1амадовна.

 Ленинкенталъул 35 гимназиялъул директорасул заместитель,

 авар мац1алъул муг1алим.

Дир  гьоорисел

Мокъокъил ханида хъах1ракьги буцун,

Кьурда сиял рарал дир гьоорисел.

Хъатица ракь баччун, кьурда хур гьабун,

Ахал г1езарурал, дир гьоорисел.

Жидеда бер ч1вани, рак1ал рохулел,

Лебалал, гьайбатал, дир гьоорисел.

Рек1елъ щибго жах1да, х1алхъублъи гьеч1ел,

Рак1ал аваданал, дир гьоорисел.

Ихтилат- бертада данделъаниги,

Какий хилиплъич1ел, дир гьоорисел.

Мекъаб бицунесда бух1араб раг1и

Бадибе абулел, дир гьоорисел.

Гьабулеб ишалъулъ маг1на - г1ен бугел,

Сундулъго к1вах1 гьеч1ел, дир гьоорисел.

Къварилъиялъ, квачалъ кверде росич1ел,

Чармил рак1ал ругел, дир гьоорисел.

Умумузул г1адат г1асрабаз ц1унун,

Ц1ияб модаялда хадур лъугьинч1ел,

Жидер рат1лил форма ц1унун хьвадарал

Рет1араб рекъарал, дир гьоорисел.

Эбел- Ват1аналде т1аде къо ккедал,

Т1оцебесеб кьерда чуял кьолорал,

Кьалда ч1ел босарал, чучи лъаларел,

Чилъи т1адег1анал, дир гьоорисел.

Гьабураб реццалъе жал мустах1икъал,

Гьудул-гьалмагъасде божилъи т1ок1ал,

Гьобол вач1анани, бахъун рак1 кьолел,

Рокьула дие нуж, дир гьоорисел.

Х1айдарбегова (Х1асанова) Пат1имат М.



Предварительный просмотр:

Пасих1аб каламалъул камилал гьунарчаг1и

     Рорхатал муг1рузда руго г1адамал

     Жидерго г1адатаб ч1аголъиялда

    Жидерго ч1ух1игун, жидерго ях1гун,

    Жидеего хасаб къасдгун, г1акълугун.

    Институтал ц1алун лъуг1ич1ониги

    Ц1вабзазул мац1 лъала гьезул щивасда

     Марк1ач1ул  г1ужалда чвахулел г1ораз

    Малъулеб г1акълудахъ г1енеккула гьел.

Гьедин хъвана нилъер халкъияв шаг1ир Расул Х1амзатовас.

 Унго-унголъунги ц1вабзазул мац1 лъалезул цояйлъун рик1к1ине бегьула Шамил районалъул  Гьоор росулъа Къурах1ова Бахдикай.

Гьоор росдал ц1ар  Дагъистаниязда лъала рорхатал нек1сиял  сияздалъун гуребги рак1 рагьарал, аваданал , диналъе рит1ухъал, къо ккаралъур х1алае ратулел г1адамаздалъунги. Гьоор росдал г1адамаз к1удияб к1вар кьола умумузул цере рук1арал лъик1ал  г1адатал  г1адатал ц1униялде, халкъияб к1алзул гьунар  хадуб г1олеб г1елалъе кьеялде, г1олилазе тарбия кьеялде.

«Халкъияб к1алзул гьунаралъул к1удияб гъамасилан» абула гьаадерица Бахдикалде. Гьелъ абухъего, кеч1 ккола инсанасе тарбия кьеялъул, гьев куцаялъул алатлъун.  Коч1оца цере ч1езарула миллаталъул къисматалъе ва г1умруялъе к1вар бугел лъугьа-бахъинал, ишал, инсанасул рек1елъ ва пикрабалъ  щула  гьарула мисалалъе мустах1икъаб г1амал-хасият, хьвада ч1вади, адабияб сахаватлъи, г1аданлъи, ч1аголъи; инжитаб нахъег1анаб  х1алихьатаб  ишалде бижизабула рокьукълъи, ццин, кьог1лъи.

Гьелъин нус – нус соназ цере г1уц1арал асарал нилъер умумуз унго- унгояб хазина г1адин, цояз цоязухъе кьун, ц1унун ругел.

Жакъа умумузул асаразухъ г1енеккулаго, гьанжесеб бич1ч1иялде т1аде нилъехъе щола нек1сиял г1елазул х1албихьиги, г1акълуги, пикрабиги ва гьез нилъ бечед гьарула.

Цебеселъги, гьанжеселъги. аралъги,  гьабсаг1ат бугеб х1акъикъаталъги  рес кьола мух1канго бук1инеселъухъ балагьизе, гьелъул якъинаб сурат цебе ч1езабизе ва гьелде мустах1икъаб х1адурлъи гьабизе.

Пасих1аб каламалъухъги берцинаб роц1араб гьаракьалдалъун ах1улел куч1дузухъги г1енеккизеги Бахдикалъухъе  щола  росулъе рач1арал гьалбалги бат1и- бат1иял школазул ц1алдохъабиги. Бищунго г1емерин абуни гьелъухъе щола  Мах1ачхъала шагьаралъул 35 абилеб гимназиялъул ц1алдохъабиги муг1алимзабиги.

Ц1алдохъабаз кинаб суал кьуниги, кинаб хабар бицаниги гьелъие коч1одалъун жаваб кьола Бахдикалъ. Мух1канго г1урус мац1 лъалеб гьеч1ониги гьелъ рицуна Пушкинил, Лермантовасул куч1дул. Къоялъ ч1еч1ого рицаниги свакаларо халкъиял куч1дул рик1к1ун. Бокьараб маг1арул  бакъан бачаниги бажарула  гьелда  рекъон бат1и – бат1иял куч1дул ах1изе.

Бицуна Бахдикалъ г1олохъанаб заманалъ колхозалда Х1алт1иялъул, х1алт1улъ кинабго халкъалъул рак1 бац1ц1алъиялъул ва рак1бащалъиялъул.

Цебе маг1арухъ ясазе ц1али къвариг1унаринги абун, ц1ализе риччалел рук1ун гьеч1о эбел- инсуца. Гьедин Бахдикайги  7 класс лъуг1ун хадуй,  пагьму бугей, гьунар бугей йик1аниги. т1ок1ай йиччан гьеч1о ц1ализе. Жиндирго ккараб гъалат1ги бич1ч1ун,  хадуб Бахдикалъул инсуца гьелда т1аса лъугьайиланги  гьарун буго.  Гьадинаб заман бук1инеблъи лъан бук1арабани, х1аллицаги йит1илааниланги абун буго.

Т1адег1анаб лъай щвеч1ониги,  Бахдикай йиго ц1акъ пагьму бугей, х1алихьатасда бадибе раг1и абулей, нахъасан к1алъалезулги к1ал ч1езабулей, рит1укъай  маг1арулай. Ункъого сонилъа аниги гьелъ гьабсаг1атги г1ахьаллъи гьабула росдал жамаг1аталъ гьарулел  данделъабаздаги школазда гьарулел конференцияздаги, цебехъанлъи гьабула маг1ирокъоб бачунеб зикруялъулъги.

Жидеего т1адег1анаб лъай щвеч1ониги, Бахдикалъги гьелъул рос Х1асанил Мух1амадицаги х1аракат бахъана анкьабго лъимаде унго- унгояб тарбия кьезе, к1вар кьуна гьез жидеего бокьараб махщел т1аса бищиялде.

Ц1ик1арав вас Мух1амадсайпулагь х1алт1улев вуго Гъизляр шагьаралъул культуриб рукъалъул директорлъун. Гьес лъуг1изабуна Курскалъул музыкалияб училище. Яс Пат1имат х1алт1улей йиго  Ленинкент поселокалъул 35 абилеб гимназиялъул  директорасул заместительлъун. Умижат  х1алт1улей йиго Шамил районалъул лъай кьеялъул управлениялда методистлъун. Х1уриялас т1аса бищана инженерасул х1алт1и. Зайнаб х1алт1улей йиго Москваялда беразул тохтирлъун.  Абдурах1маница  Кисловодскиялда лъуг1изабуна медучилище ва х1алт1улев вуго массажистлъун. Бищун гьит1инай Зугьрижат х1алт1улей йиго бухгалтерлъун.  Эбелалъги инсуцаги цоцазул  гьабулеб адабги х1урматги  мисаллъун хут1ана  гьазул лъималазул щивасе.

Гьедин берцинго хъизаналъе тарбия кьезе сунца кумек гьабурабин гьикъараб мехалъ, г1емерго ургъич1ого Бахдикалъ жаваб кьуна  х1алт1уцаги  маг1на гъваридаб халкъияб к1алзул гьунаралъгиян. Х1алт1изе к1вах1алав чиясда ц1алунги бажаруларин абула гьелъ. Х1алт1удаса хадуб ц1алиги ц1алудаса хадуб х1алт1иги  х1ухьбахъи бугилан рик1к1унеб буго гьелъ.

Гьедин. Х1ажат гьеч1елде рег1изе теч1ого, тарбия кьун буго гьелъ к1удияб хъизамалъе.

Жийгоги Бахдикай, свак лъач1ого, х1алт1ана колхозалда 30 соналъ. Гъутадаги, харибак1аздаги, ахикь гьарулел х1алт1абазулъги кидаго йик1ана цеехъанлъун. Свак чучиялъе квербакъулаан ах1улеб кеч1алъги бицунеб берцинаб хабаралъги.

Жинда бищун сурукъго бихьулеб жо  к1иго маг1арулав г1урус мац1алъ к1алъалев раг1изейин абула Бахдикалъ. Гльго батила жиндихъе рач1арал ц1алдохъабазда гьелъ аманат  гьабула рахьдал мац1 ц1унейин. Гьеб к1очене биччагейин.