Морфологияб къаг1идаялъ раг1и лъугьин
план-конспект урока (6 класс)

Темирова Макка Магомедовна

  

Скачать:

ВложениеРазмер
Файл 00072d13-bf91a2c5.docx330.46 КБ

Предварительный просмотр:

                            Открытый  урок

На тему:

«Морфологияб къаг1идаялъ раг1и лъугьин»

Картинки по запросу картинки на родной язык

Подготовила:

Темирова Макка Магомедовна

Авар мац1.

6класс.

Дарсил тема. Морфологияб къаг1идаялъ раг1и лъугьин.

Дарсил тайпа: лъаял щулагьари.

Метод: цоцада хурхараб лъайкьей (интерактивияб).

Дарсил мурад: ц1алдохъабазул лъаязул халгьаби,  группаялда цадахъ ва цоккун х1алт1изе ц1алдохъаби ругьун гьари, калам цебет1езабиялда т1ад х1алт1и, аваразул миллияб мац1алъухъ рокьи бижизабиялъе тарбия кьей.

Дарсил алатал: 1)мультимедияб проектор, компьютер;

                              2)ц1алдохъабаз х1адур гьарурал карточкаби.

                              3)таблица.

Дарсил ин:

1.Дарсида х1адурлъи.

2.Муг1алималъул цебераг1и: (Слайд 1)

              Рорч1ами, лъимал! Жакъа нилъеца ахир лъолеб буго морфологияб къаг1идаялъ раг1и лъугьи абураб темаялъе. Нилъер руго жакъасеб дарсида цере лъурал мурадал: 1-Лъаязул халгьаби. Ц1алдохъаби, жакъасеб дарсида нуж рикьизе  руго  2 группаялда, группаялда жаниб нужеца цоцал лъаязул халгьабизе буго.Дарс унаго,  щибаб х1алт1уе щвезе буго бал. Дарсил ахиралда щварал балазда рекъон, щивас лъезе буго жиндиего къимат.

   (Слайд 2)

8-10 ббал-5.

5-7 ббал-4.

3-5 ббал-3.

0-3б бал-2.

     Муг1алим: щивасе гьарула талих1!

Муг1алималъ щивасухъе кьола таблица, жиндиего щварал ббалал т1аде росизе.

2. Рокъоб х1алт1иялъул халгьаби. ( Слайд 3)

Муг1алим: лъимал, гьабсаг1ат нужеца хисизе руго тетрадал ва халгьабизе буго лъица бит1ун рокъоб х1алт1и т1убазе гьабун бугеб.

Муг1алималъ экраналда цебе бач1ине гьабила х1алт1и 37, г ь ум 22.

Муг1алим: лъимал кинал гъалат1ал риччан  ругел дур партаялъул мадугьалас рокъоб х1алт1уда? Баян гьабе.

3. Х1алт1и – къец «К1ал  пасих1» (Слайд 4).

Муг1алим: хириял лъимал, нужеда т1ад къалеб х1алт1и буго группаялъ цадахъ т1убазабизе кколеб. Т1адкъай буго гьадинаб: экраналда цере нужеда рихьулел  руго раг1аби - предметиял ц1арал, гьелги гъорлъе ккезарун, нужеца г1уц1изе буго текст.

Раг1аби: ясик1о, ц1алдохъан, даранчи, гьещт1еро , ц1одоралъ,  авал- къоно.

Муг1алим:  Ц1алдохъаби, рач1ая халгьабизе нужер х1алт1ул. Группабаз цоцазе кьимат кьезе т1адкъала.

Муг1алим: Дида рихьулел руго нужеца рокъоб кьураб т1адкъай т1убазабун буго, карточкаби х1адулъун партаялда т1ад лъун рихьула. Нужеца гьел хисизе руго   партаялъул мадугьалгун  ва х1алт1изе руго гьезда т1ад.

Карточка 1.

1.Морфологияб къаг1идаялъ кин лъугьунеб раг1и?

2.Г1емерлъул форма лъугьинабун хъвай.

Т1амах-

Х1ет1е-

Ч1имих-

Кьили-

Г око-

Карточка 2.

  1. Предметияб ц1аралъул кинал суффиксал нужеда лъалел?
  2. Росабазул ва бак1азул ц1араздасан гьенир г1умру гьабулел г1адамал рихьизарулел раг1аби лъугинаре.

Бакьагьеч1еб-

Г1орот1а-

Кьохъ-

Гьидалъ-

Карточка 3.

  1. Кин хъвалел журарал раг1аби?
  2. Цо каламалъул бут1а цогидалъул бак1алда х1алт1изе гьабулеб 5 раг1и ургъе, гьелги гъорлъе ккезарун предложениял г1уц1е.

Карточка 4.

  1. Кинал раг1ул бут1аби нужеда лъалел?
  2. Г1адан, мискин, сахават, хъухъади, хур абурал раг1абазда т1аде суффикс жубан ц1ияб предметияб ц1ар лъугьинабе.

Карточка 5.

  1. Морфологияб къаг1идаялъ кин лъугьунеб раг1и?
  2. Гьал раг1абазул бит1унхъвай баян гьабе, тетрадалда росун хъвай:

Чаран+кьуру, авал +къоно, + бац1ц1, газа +раххан, чар +гъеду.

   Карточка 6.

  1. Кин хъвалел журарал раг1аби.
  2. Зах1матчи, г1уч1- гъуд, Г1абал, хералъ абурал раг1абазул лъугьи бихьзе  гьабе тетрадалда т1ад.

Карточка 7.

  1. Сунда абулеб аслу, кьибил, суффикс, ахир?
  2. Росабазул ва бак1азул ц1араздасан г ь енир г1умру гьабулел г1адамал рихьизарулел раг1аби лъугинаре.

Данухъ-

Хьаргаб –

Ч1охъ –

Маг1ли-

Карточка 8.

1.Предметияб ц1аралъул кинал суффиксал нужеда лъалел?

2.Бихьизабураб мисалалда рекъон, ц1иял раг1аби лъугьинаре:

Рес - ресукъ - ресукълъи.

Квен-

Рет1ел-

Чед-

Чи-

Лъай-

Муг1алим: Лъимал, кьолеб буго щуго минут щивасе жаваб х1адурлъизе, хадуб хал гьабизе буго. Ц1алдохъабаз т1убазабила тадкъай, хадуб партаялъул мадугьалас хал гьабила х1алт1ул. Карточкаялда т1асан бит1ун х1алт1и т1убазабуразе щола 1 балл.

5. Т1адкъай - х1ай «Бищун хехав». (Слайд 5)

Муг1алим: Ц1алдохъаби, нужеда экраналда цебе бихьулеб буго А.Пластовасул   «Риидал» абурараб сурат. Нужее буго гьадинаб т1адкъай: 3 минуталда жаниб командаялъ 5 предметияб ц1ар ургъизе-  лъабго предметияб ц1ар -к1иго раг1и жубан лъугьараб, к1иго предметияб ц1ар – суффиксаъул кумекалдалъун лъугьарал. Хадуб гьелги гъорлъе ккезарун предложениял ургъизе. Лъил команда цебе лъугьунеб бугеб къец ах1ила. Щибаб раг1уе щола цо – цо бал.

5.Учебникаялда т1асан х1алт1и.

1- группаялда т1адкъала – х1алт1и 6, гьум 28.

2- группаялда т1адкъала -  х1алт1и 3, гьум 29.

7.Физминутка.

Муг1алим: лъимал, экраналда цеве вач1ун вуго 6 классалъул ц1алдохъан Къумач, гьесие бокьун буго нужгун цадахъ зарядка гьабизе. Гьес малъухъе гьабуни нужее 1 балл щвезе буго.

7.  Бицанк1аби.

Муг1алим: Нужеда цебе буго буго «Бицанк1абазул рохь». Нужеца  бицанк1аялъе жаваб  бицани, нужее щвезе буго цо- цо г1урдах1ан( цо бал). Группабазда гьоркьоб къец ах1ила.

1.Рукъги  баччун хьвадулеб жо. (Ц1адалх1ама).

2.Щуго вас, щуго рукъ, цо бец1аб рокъосан жиде жидер рокъорелъугьунел. (Квердаххелал).

3.Бакъинег1ан къват1ал сверулел, къаси рогьинег1ан хъат1икь т1илги ккун кьижулел. ( Г1анк1у - х1елеко).

4.Риидалги хасалоги кьер хисулареб, кидаго рохьоб бук1унеб.

( Нак1к1игъвет1).

5.Гъалал къват1ир, яс жаний. ( Ц1оросаролъ).

6.Цаби ругел, к1ал г ь еч1еб. (Хъухъадиро).

7.Цо къаданиб къого бет1ер. ( Чалу-рахал).

Муг1алим: лъимал, кинал предметиял ц1арал ккун ругел жавабаллъун. Щал рач1инел  доскаялда гьел раг1аб хъвазе? Гьеб х1алт1ухъ щола цо бал.

8. Дарс щулагьаби:

Тест-х1алт1и. Слайд 6.

  1. Ахир нахъе рехун хут1араб бут1а ккола

А) ахир.  Б) суффикс.  В) аслу.

2.Цо маг1на кьолел журарал раг1аби хъвала                                                                                                                            

           А) дефис лъун. Б) рек1ун. В) рат1а т1ун

 3.Каламалъул бут1абазул х1акъалъулъ бицунеб г1елму ккола

          А) Лексика. Б) Морфология. В) Синтаксис.

4.Г1аммаб маг1на кьолел предметиял ц1арал хъвала

         А) рек1ун,  Б) дефис лъун, В) к1удияб х1арпалдасан.

5. Бухт1и абураб росдал г1адамал кин бит1ун рихьизарилел?

         А) Бухт1ал,    Б) Бухт1исел,    В) Бухт1ахал.

6.Къвач1а баччизе абураб фразеологизмаялъул маг1на ккола

         А) лъут1изе, Б) хиял х1орлъизе, В) ццидахине.

Муг1алим:  лъимал, группаялда жанир тетрадал хисе, бит1араб жавабалъе 1балл лъе.

Слайд 7.

1-В.

2-Б.

3-Б.

4-Б.

5-А.

8.Дарсил х1асилал гьари. Слайд 8.

Муг1алим: хириял ц1алдохъаби, дарсил ахиралда щвана нилъ, гьанже  щивас  малъизе руго жидерго балал ва къиматал лъезе руго.

9.Рокъобе:

 Параграф 8, Х1алт1и 1, гьумер 28.