Урок на тему: "Фазу Г1алиева «Маг1арулазул нус»".
план-конспект урока

Гайдарбекова Патимат Магомедовна

Дагъистаналъул халкъияй поэтесса Фазу Г1алиевалъул г1умруялъул ва творчествоялъул х1акъалъулъ лъай г1ат1ид гьаби.

 

Скачать:

ВложениеРазмер
Файл dokument_microsoft_office_word.docx19.36 КБ

Предварительный просмотр:

Родная литература   7 класс

Дарсил тема: Фазу Г1алиева «Маг1арулазул нус».

Дарсил мурад:  Дагъистаналъул халкъияй поэтесса Фазу Г1алиевалъул г1умруялъул ва творчествоялъул х1акъалъулъ лъай г1ат1ид гьаби.

 Литературияв героясул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби. Чвахун, бит1ун ц1алиялъул бажари борхизаби.

Литературияб тексталъул кьуч1алда Ват1ан хиралъиялъул асар лъималазулъ ц1ик1к1инаби. Дагъистаналъул тарихалъе бит1араб къимат кьезе ругьун гьарулаго, лъималазул г1акълу ц1убазаби.

Алатал: Хъвадарухъаналъул сурат ва т1ахьал, Имам Шамилил ва гьесул хъизаназул суратал.

                                Дарсил ин:

  1. Класс х1адур гьабила дарсиде.

Учителас дарсил тема ва мурад бич1ч1изабила лъималазда. Адабияталъул теория ва церехун малъарал асарал рак1алде щвезаризе викторина х1ала ва цо-к1иго тестги гьабила.

  1. Викторина.

А)   «Хабар гьеч1ого, цо нухалъ гуржияс кагъат бач1анила. Лъималазул хабадеги рахине, гьел рак1алде щвейги гьабизе, дагьаб мех жидехъги базе, рач1аян ах1улел рук1анила гьес».

Б)  Дунги мунго г1адаб квана-гьекъолеб,

     Рух1 бугеб х1айванин, х1акъ батиларищ?

     Г1исинаб т1елалъул т1анч1иги рачун,

     Т1илгун гьардухъищха гьанже дун инеб?

В)   Халкъалъ чурпадалъе гьан буссулелъул,

      Гьодал ругоан дур гургинго рехун;

      Киназго чайдалъе чакар балелъул,

      Керен унтилилан тун буго дуца.

  1. Тестал.

«Унсоколоса Х1ожоги гуржиявги» абураб асаралъул жанр:

1)  хабар 2)  халкъияб къиса 3)  халкъияб роман 4)  бицен

Сунда абулеб темайилан?

  1. асаралъул г1уц1иялда
  2. асаралда жанир лъугьа-бахъинал цо тартибалда рихьизариялда
  3. художествияб асаралда жиндир х1акъалъулъ бицен гьабулеб жоялда
  4. хабарияб калам пасих1лъиялъе х1алт1изарулел сипатиял раг1абазда

Гвангъараб сипат-сурат цебеч1езабизе релъен хъваялъул кьуч1алда г1уц1араб каламалъул сверелалда абула:

  1. аллитерация
  2. метафора
  3. эпитет
  4. дандекквей.
  1. Дагъистаналъул халкъияй поэтесса Фазу Г1алиевалъул г1умру ва творчество рак1алде щвезабила лъималазда.

Халкъияй поэтесса   Фазу Г1алиева гьаюна 1932 соналъул декабрь моц1алъ Хунзахъ районалъул Гиничукь росулъ. Гьелъул эмен г1олохъанчи вугеб мехалъго хвана, Фазул т1алаб гьабуна ва тарбия кьун г1езаюна эбелалъ – Г1апица.

Фазу гьит1инаб мехалдасаго рак1 г1анч1ай, г1умру ва г1адамал хирияй, гьайбатлъиялъул г1аламатал жиндир чорхолъ рессарай яс йик1ана. Куч1дул гьаризеги гьелъ Г1арани школалда ц1алулеб мехалдаго байбихьана.

Школа лъуг1ун хадуса Фазу Г1алиева ц1ализе лъугьана Мах1ачхъалаялда бугеб руччабазул педагогияб институталде.

Дагьаб мехалъ гьенийги ц1алун, Фазу уна Москваялде, гьениб т1убала г1умруялъул цо лъик1аб мурад – лъуг1изабула Максим Горькил ц1аралда бугеб Литературияб институт.

Ц1али лъуг1ун хадуб Фазу Г1алиева х1алт1ула Дагъучпедгизалъул редакторлъун, гьабсаг1ат гьей ккола «Дагъистаналъул ч1ужуг1адан» журналалъул бет1ерай редактор.

Фазу Г1алиевалъ лъебергоялдаса ц1ик1к1ун т1ехь къват1ибе биччана.

Нилъеда лъала Фазу Г1алиевалъ поэмаби ва къисаби «Ч1агоял къисаби», «Анц1ила микьабилеб их», «Эбел», «Ц1умал муг1руздасан роржуна», «Гьа», «Къисмат», «Ракьул г1ерекъ гьороца унаро», «Хъах1илаб ц1ад», харбазул т1ехь «К1иго микьир».

Учитель:  Гьелги ва цогидалги Фазу Г1алиевалъул т1ахьал руго нилъур библиотекаялдаги. Нужер рес буго гьел ц1ализе.

  1. Словарияб х1алт1и:

Къолден - кольчуга, икъбал - удача, везение, тарих – история.

  1. Пасих1го учителас байбихьила ц1ализе, хадуб ц1алдохъабазги ц1алила.
  2. Дарсил х1асил:
  • Ах1улгох1алъул х1акъакъалъулъ щиб нужеда лъалеб?
  • Поэмаялъул байбихьуда кинаб сипат - сурат гьабун бугеб Ах1улгох1алъе?
  •  Кинав имамасул х1акъалъулъ хъвалеб бугеб гьаниб поэтессаялъ?
  • Щиб нужеда лъалеб Имам Шамилил х1акъалъулъ?
  • Кив вукъун вугев, лъимал, имам Шамиль?
  • Щибилан хъвалеб бугеб Фазу Г1алиевалъ гьелъул х1акъалъалъ?
  1. Рокъобе х1алт1и: поэма ц1ализе ва х1асил бицине.