Сценарий "Дни белых журавлей" (на авар.яз.)
материал на тему


Предварительный просмотр:

«Хъах1ал  къункъраби»

Вед.1:  Жакъасеб нижер церерахъиналъул аслияб мурад буго,

             дунялалдаго ц1ар раг1арав унго-унгояв патриот – Расул

             Х1амзатов ва гьесул маг1на гъваридал, пасих1лъи

             ц1ик1к1арал асарал нилъер рак1азулъ рук1ин.

Вед.2: Хвалчадул бег1ерлъиялъги, тавакалаб рак1алъги,

            Дагъистаналъул эркенлъиялъе г1оло 25-го соналъ

            къеркьарав Шамиль имамасул ц1ар дунялалдаго

            машгьураб бук1ун батани, хадув даимаб реццалъе

            мустах1икълъана Расул Х1амзатовги.

Вед.1: К1иявго бах1арчиясе, шаг1ир Х1ажи Гъазимирзоевас 

            сайгъат гьарун руго гьал раг1аби.

«Шамиль лъана хвалчаца,

Расул лъана коч1оца-

Цо муг1рул к1иго г1идра

Г1емерлъаги Дагъистан.

Шамилмл шиг1ру – Ват1ан,

Расулил шиг1ру – Ват1ан

Цо пандрида к1иго ч1ва

Ч1ахъаги мун Дагъистан.»

Вед.2: Расулие ц1акъ хирияб бук1ана Дагъистан, хасго

            маг1арухъ берцинаб т1абиг1ат, рорхатал муг1рул,

            бах1арчияб халкъ.

Вед.1: Роххалил данделъабазда г1емер раг1ула Расулил

            «Муг1рузул ват1ан», «Маг1арулал» абурал куч1дул.

Вед.2: «Маг1арулал» хор ах1ула школалъул ц1алдохъабаз.

(хор «Маг1арулал»)

Вед.1: Расул Х1амзатовасул рек1елъ кидагосеб анищлъун

            бук1ана Дагъистаналда даимаб ракъел, вацлъи, гьудул –

            гьалмагълъи бук1ин. Гьелда хурхун хъвана рик1к1ен

            г1емерал асарал. Гьезул цояб рик1ине раг1и буго

            Х1айбулаева Р.

(кеч1 «Гьудулзаби ц1уне» рик1уна Х.Р.)

Вед.2:  Расул Х1амзатовас хъварал аза-азар асаразда гьоркьоб

            «Хъах1ал къункъраби» абураб кеч1алъ кола хассаб бак1.

             Гьеб асар шаг1ирас сайгъат гьабураб буго Ват1анияб  

             рагъда, нилъер эркенлъиялъе ва г1умруялъе г1оло

             бах1арчиго хварал гьайбатал васазе.

Вед.1: «Хъах1ал къункъраби» кеч1 ах1изе буго Закариева П.

(кеч1 «Хъах1ал къункъраби» ах1ула)

Вед.2: Машгьурав шаг1ир Расул Х1амзатовасул г1умруялдаса

            цо-цо баянал рицине руго Ах1мадова П. ва Ашаханова П.

(шапакъатал, т1ахьал…)

Вед.1: 2003 соналъул 3 ноябралда къот1ана Расул

            Х1амзатовасул ц1алеб х1охьел, х1алуцун кьабулеб рак1.  

            Гьев камуна Дагъистаналъе гуревги т1олабго Россиялъе.

            Нилъее гьев вук1ана канлъи кьолеб чирахълъун. Расулие

            къадар щведал гьеб рек1еда унтич1ев чи кивго хут1ун

            ватиларо.

Вед.2: Расул рак1алде щвеялъе ва гьесие х1урматалъе, гьарула

            минуталъулаб сих1къот1и гьабеян.

(минуталъулаб сих1къот1и)


По теме: методические разработки, презентации и конспекты

Литературный праздник "Белые Журавли"

Праздник, который в России отмечают 22 октября. День поэзии — Праздник Белых Журавлей — был учрежден народным поэтом Дагестана Расулом Гамзатовичем Гамзатовым. Гамзатов нарек этот ...

ЗОВ БЕЛЫХ ЖУРАВЛЕЙ

посвящается юбилею песни «Журавли» написанная на слова Расула Гамзатова,...

Внеклассное мероприятие "Белые журавли"

Мероприятие, посвященное воинам-интернационалистам...

Внеклассное мероприятие "Белые журавли"

Мероприятие, посвященное воинам-интернационалистам...

День белых журавлей

Классный час,посвященный Дню белых журавлей....

Классный час "День Памяти - День Белых журавлей"

Классный час является частью общешкольного мероприятия проводимого силами членов исторического клуба "Импульс"....